×

Библия Инжил Магӏарул 2008

Иоанние Аллагьас 9

1
Ва щуабилев малаикас ссуралъубе пуна, ва дида бихьана цо цІва зодиса ракьалде бортулеб. Гьелъухъе кьун букІана тІину гьечІеб кІкІалахъе нух бугеб гъуялъул нуцІил кІул.
2
Ва гьеб цІваялъ ричІана нуцІа. Ва кІудияб корохъа гІадинаб кІкІуй бачІана гъуялъуса къватІибе. Ва гьеб кІкІуялъ бакъги гьаваги бецІлъизабуна.
3
Ва кІкІуялда гъорлъан ракьалде бачІана ракъул гарцІазул кІудияб бо. Гьаб ракьалда ругел ичІкІалаз гІадин хечизе ихтияр кьун букІана гьезие.
4
Ва гьезда лъазабун букІана, Аллагьасул мугьру надалда гьечІел гІадамазе гурони, я ракьалда бижараб харие, я кинаб букІаниги гІурччинлъиялъе, я кинаб букІаниги гъотІое зарал гьабугеян.
5
Гьел гарцІазе ихтияр кьун букІана гьел гІадамал чІвачІого тун, щуго моцІалъ гьезие гІазаб-гІакъуба гьабизе. ИчІкІалалъ хеч къазабидал инсанасе лъугьунеб гІадинаб гІазаб-гІакъуба букІана гьеб.
6
Гьел къоязда гІадамал жидеего хвел балагьизе лъугьина, амма гьезда гьеб батиларо. Хвезе бокьун рукІина гьел, амма хвел гьездаса лъутила.
7
Рагъуе къачІарал чуязда релълъун рукІана гьел гарцІал. Меседил тажазда релълъарал жалги рукІана гьезул бутІрузда. Гьезул гьурмал инсанасулалда релълъарал рукІана.
8
Руччабазул гІадинаб расги букІана гьезул, гъалбацІалъул гІадинал гажалги рукІана.
9
Маххул гІадинал къолдабиги рукІана гьезда тІад, гьезул куркьбазул гьаракьги релълъунаан рагъде гІедегІун унел гІемерал чолгьаказул гьаракьалда.
10
ИчІкІалалъул гІадинаб рачІги букІана гарцІил, гьеб рачІалдасан хечги къазабулаан гьелъ. Гьел жидерго рачІаз гІадамазе щуго моцІалъ зарал гьабизе ихтияр кьун букІана гьезухъе.
11
Гьезул парччахІлъун букІана гьеб кІкІалалъул шайтІан; жугьутІ мацІалда гьелда цІар буго Абаддон, грек мацІалда — Аполлион («Хвел босун бачІунеб»).
12
Цо балагь тІаса ана. Гьале гьелдаго хадуб цун бачІунеб буго жеги кІиго балагь.
13
Ва анлъабилев малаикас ссуралъубе пуна, ва дида рагІана тахида цебе къурбан тІад хъолеб меседил къанил ункъабго бокІнилъ рекъезабураб ункъо лълъаралъул гьаракь.
14
Ссур кодоб ккурав анлъабилев малаикасда гьеб гьаракьалъ абулеб букІана: «КІудияб Пурат гІурул рагІалда бухьун бугеб ункъо жен бичун биччай».
15
Ва гІадамазул лъабил бутІа хвезабизе гьел риччалеб заман — сагІат, къо, моцІ ва лъагІел — тІаде щвезегІан чІезабун букІараб гьеб ункъабго жен бичун биччана.
16
Ва дида бицана анцІазарго кІиго нухалъ анцІазарилъ кьабурабгІан къадаралда рекІаралги ругин гьезул бодулъ.
17
Гьедин балъголъи загьирлъун дида рихьана чуялги чуязда рекІарал рагъухъабиги. Гьезда рукІана цІабагІараб, бецІхъахІилаб ва чІабтІил гІадинаб тІогьилаб кьералъул къолдаби. ГъалбацІалъулазда релълъарал рукІана гьел чуязул бутІрул. Ва гьезул кІалдисан бурулеб букІана цІаги, кІкІуйги, чІабатІги.
18
Гьеб лъабабго балагь рещтІиналъ — гьезул кІалдисан бурулеб цІадуцаги, кІкІуйдуцаги, чІабтІицаги — гІадамазул лъабил бутІа гъурана.
19
Гьел чуязул къуват лъун букІана гьезул кІалдибги рачІалдаги, гьезул рачІалги рукІиндалха загьруял борхьал гІадинал. Гьез хІанчІиялдалъун кколаан гІадамазе зарал.
20
Жидеца гьабурабщиналда — жундузе гІибадат гьабиялда, ва меседил, гІарцул, мазгарул, ганчІил, цІулал гьарурал, жидеда я щибниги бихьуларел, я щибниги рагІуларел, я хьвадизе кІоларел гьересиаллагьзабазе гІибадат гьабиялда — рекІекълъичІо гьел балагьал рещтІиндал хвечІого хутІарал цогидал гІадамал, ва кингоги тавбу гьабичІо гьез.
21
Я жидеца гІадамал чІваялда, я сихІру гьабиялда, я хъахІбалъи гьабиялда, яги цІогь гьабиялда рекІекълъичІо гьел, тавбуги гьабичІо гьез.
Avar Bible 2008
Библия таржама гьабиялъул институт Москва 2008
:
Сохранить Заметки