× Язык Европа Русский Белорусский Украинский Польский Сербский Болгарский Словацкая Чешский Румынский Молдавский Азербайджанский Армянин Грузинский Албанский Аварский Башкирский Татарский Чеченский Словенский Хорватский Эстонский Латвийский Литовский Венгерский Финский Норвежский Шведский Исландский Греческий Македонский Немецкий Баварский Голландский Датский Валлийский Гэльский Ирландский Французский Баскский Каталонский Итальянский Галакский Романи Bosnian Северная Америка Английский Южная Америка Испанский Португальский Гуарани Кечуа Аймара Центральная Америка Ямайский Науатль Киче Кекчи Гаитянский Восточная Азия Китайский Японский Kорейский Монгольский Уйгурский Хмонг Юго-Восточная Азия Малазийский Бирманский Хаха Чин Непальский Кебуано Тагальский Камбоджийский Тайский Индонезийский Вьетнамский Яванский Лаос Ибан Ю Миен Качин Лаху Aceh Balinese Bugis Pampanga Sasak Shan Waray Южная Азия Хинди Одиа Авадхи Mizo Каннада Малаялам Маратхи Гуджаратский Тамильский Телугу Панджаби Курух Ассамский Майтхили Бенгальский Урду Сингальский Догри Харианви Мейтей Конкани Сантали Синдхи Коя Тадо Санскритский деванагари Adilabad Gondi Ahirani Белуджи Bundeli Chhattisgarhi Garhwali Kangri Kumaoni Mewari Munda Sadri Seraiki Shekhawati Sylheti Центральная Азия Кыргызский Узбекский Таджикский Туркменский Казахстан Каракалпак Средний Восток Tурецкий Еврейский Арабский Персидский Курдский Пушту Коптский Африка Африкаанс Ксоза Зулусский Ндебеле Сото Амхарский Волайтта Нигерийский Мосси Ика Динка Кабильский Эве Суахили Марокканский Сомалийский Шоны Мадагаскар Игбо Лингала Баул Сисвати Тсонга Тсвана Гамбия Йоруба Камба Киньяруанда Хауса Chewa Луо Макуа Дюла Фульфульде Календжин Кикуйю Кикванго Кирунди Крио Нигерийский Пиджин Оромо Чилуба Чивенда Тви Умбунду Лугбара Лугуру Пулярный Гусси Маасаи Туркана Моба Нуэр Шиллук Тамашек Маконде Bemba Fon Hadiyya Ibibio Kimbundu Kimiiru Lango Liberian Kreyol Lomwe Mende Morisyen Ndau Nyankole Sena Sidamo Soga Songe Sukuma Tarifit Teso Tiv Zande Dagbani Континент Австралии Новая Зеландия Папуа Новая Гвинея Старые Языки Арамейский Латинский Эсперанто 1 1 1 Аварский Аварский1 1 1 Маркица МатфейицаМаркицаЛукацаИоанницаЧапарзабазул ИшалРумазухъе1 Коринфиязухъе2 КоринфиязухъеГалатиязухъеЭфесиязухъеФилиппиязухъеКолоссиязухъе1 Фессалоникиязухъе2 Фессалоникиязухъе1 Тимофейихъе2 ТимофейихъеТитихъеФилемонихъеЖугьутӀазухъеЯкъубил1 Пётрил2 Пётрил1 Иоаннил2 Иоаннил3 ИоаннилЯкъубилИоанние Аллагьас1 1 1 1 123456789101112131415161 1 1 : 1 1234567891011121314151617181920212223242526272829303132333435363738394041424344451 1 1 Библия Магӏарул 2008 Маркица 1 Сохранить Заметки 1Аллагьасул вас ГІиса МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабар гьадин байбихьулеб буго.2Ишая аварагасул тІехьалда ругел Аллагьасул рагІаби ритІухълъана: «Гьале, мун вачІиналде дуе нух къачІазе дирго илчи вуго дица цеве витІулев»;3«Цо ахІи буго авлахъалда рагІулеб: — БетІергьанасе нух къачІай, битІизабе гьесда цебе шагьра!»4Гьедин вачІана ЯхІя авараг авлахъалде. Нужерго мунагьал чуризе гІоло, кантІун Аллагьасде руссаян ва лъадалъ ччун рахъаян лъазабулеб букІана гьес.5Гьесухъе бачІунеб букІана Ягьудиялъул улка-ракьалъулги Иерусалималъулги тІолабго халкъ. Жидерго мунагьал рехсон хадуб, Аллагьасде руссун, гьезул мунагьал чуризе Иордан гІурул лъадалъ ччун рахъулаан ЯхІяца гІадамал.6РетІунеб ретІелги ЯхІял варанидул квасул букІана, рачлихъ борчунги букІана хьвацІил рачел. Гьес кваналеб жоги букІана гарцІги гІалхул гьоцІоги.7Гьес гІадамазда лъазабулеб букІана: — Дида хадувго вачІунев вуго дидаса гІемерго къудрат цІикІкІарав. ГІодове къулун гьесул хьитил рухьен бичизецин мустахІикъав гьечІо дун.8Лъадалъ ччун рахъун, рацІцІад гьаруна дица нуж. Гьес нуж рацІцІад гьарила Илагьияб РухІалдалъун.9Гьел къоязда Галилеялъул Назарет шагьаралдаса гьениве вачІарав ГІисаги Иордан гІурул лъадалъ ччун вахъана ЯхІяца.10ГІиса лъадалъа къватІиве лъугьунаго, бихьана гьеб лахІзаталда, зобалги кІирикьизарун, Илагьияб РухІ, миккидул сураталда боржун бачІун, гьесухъе рещтІунеб.11Цинги гьаракьги рагІана зобалаздасан: — Мун вуго дие вокьулев дир Вас! Дудаса вохун вуго дун!12ГьебсагІат гьеб РухІалъ ГІиса гІицІаб авлахъалде ине гьесизавула.13Гьеб авлахъалда кІикъого къо бана ГІисаца. Илбисалъги хІалбихьана гьениб гьев къосинавизе кІоларищали. Гьенив гІалхул жанаваразда гьоркьовги вукІана ГІиса. Малаикзабиги рукІана гьенир ГІисае хъулухъалъе.14ЯхІя авараг гвандинив тІамун хадув Галилеялде уна ГІиса. Гьес гьениб лъазабула Аллагьасдасан Рохалил хабар.15Гьес абулеб букІана: — Болжал щвана! Аллагьасул ПарччахІлъи тІаде гІунтІун буго! Нуж кантІе, Аллагьасде русса! Гьеб Рохалил хабаралде иманги лъе!16Галилеялъул ралъдал рагІалдасан унаго, ГІисада рихьана ччугІие гьин рехулел Симонги гьесулго вац Андрейги. Гьел рукІана ччугІихъаби.17— Дида цадахъ рилълъа, — ян абуна гьезда ГІисаца. — Дица нуж лъугьинарила гІадамал кколел ччугІихъабилъун.18Гьенибго гьинги тун, гьебсагІат гьел ГІисада цадахъ уна.19Гьениса гІемерго рикІкІалъилалде, ГІисада рихьана Зебедайил вас Якъубги гьесулго вац Иоаннги. ЧчугІа кквезе гьин къачІалел рукІана гьелги росода тІад.20Гьездеги ахІана ГІисаца, жинда цадахъ рилълъаян. Жидерго эмен Зебедайги гьесул хІалтІухъабиги росонир тун, гьев кІиявгоги ана ГІисада цадахъ.21Цинги гьел щвана Капернаум шагьаралде. Шамат къо тІаде щварабго, синагогаялъувеги вачІун, гьениб гІадамазе вагІза гьабизе лъугьана ГІиса.22ГІисал вагІзаялъ хІикмалъизарун рукІана гьел. Диниял гІалимзабаз гІадин гуреб, цо хІалкІолъи жиндилъ бугев чияс гІадин малъулеб букІана гьес.23Синагогаялъуве лъугьун вачІана хъубаб женалъ ккурав цо чи. Гьев ахІдезе лъугьана:24— Нижедасан дуе къваригІараб щиб, Назареталдаса ГІиса! Ниж гъуризейищ мун вачІун вугев! Дида лъала мун щивали. Илагьияв чи вуго мун! Аллагьас витІун вуго мун!25Амма ГІисаца жен чІезабуна: — КІал къай дуца! Нахъе а мун гьесул чорхолъа!26Гьев чиясул нусабго лага сородизабуна шайтІаналъ. Цинги гІасияб гьаракьги гьабун, лъутун ана гьеб гьесул чорхолъа.27Гьелда гІажаиблъун-хІикмалъун хутІана гІадамал. Гьез цоцазда гьикъулеб букІана: — Гьабго щиб хІикмат? ЦІияб гІелмуцинищ гьаб? Хъубал жундузецин амру гьабизе кІолеб къудрат кинаб, гьесул амруялъе мутІигІлъулел жундулги кинал?28ТІолабго Галилеялда хехго тІибитІун ана ГІисал хІакъалъулъ хабар.29ГьебсагІат синагогаялъуса къватІиве вахъун, цадахъ Якъубги Иоаннги рачун, гьев ана Симонилги Андрейилги бакІалде.30ЦІа-каналъул унтуца бусаде ккун ятана Симонил якьад. ГьебсагІат ГІисада бицуна гьей унтун йигилан.31АскІове ун, ГІисаца гьей, кверги ккун, йорхизаюла. ЦІа-канги ун, якьад гьазие квен-тІехалда квалквадизе лъугьуна.32Бакъ тІерхьун, маркІачІубер рукІкІарабго, киналго унтаралги хъубал жундуз ккуралги рачІана ГІисахъе рачун.33ТІолабго шагьар бакІарун букІана гьеб сордоялъ Симонил кавудахъе.34ГІисаца сах гьаруна батІи-батІияб гІузруялъ унтарал гІемерал гІадамал. Чанги чиясул чорхолъа бачахъана хъубаб жен. Гьес хъубал жундул кІалъазе риччалароан, гьезда лъалеб букІиндалха гьев щивали.35Нахъисеб къоялъ хъахІлъи барабго тІадеги вахъун, ГІисаца нух босана гІадан-чи гьечІеб бакІалде ва гьенив Аллагьасе гьари-дугІаялде вуссун чІана.36Гьесул лъалкІда хадур рахъарал Симонидаги гьасда цадахъ рукІараздаги ватана ГІиса.37ГІисада гьез абуна киналго мун валагьулел ругилан.38ГІисаца гьезда абуна: — Рилълъа сверухъ ругел росабалъе ва шагьаразде, гьенибги халкъалъе Рохалил хабар бицине ккола дица. Гьелъие гІололъидалха дун гьаниве вачІарав.39ТІолабго Галилеялъул ракьалде щун, синагогабазде ун, гІадамазе вагІза гьабуна гьес ва чангиязул чурхдулъа жундул рачахъана.40Барасалъ унтарав цо чи вачІана ГІисахъе ва накабазда чІун гьардезе лъугьана: — Дуе бокьани, дуда кІолаха дун вацІцІалъизавизе!41Гьесда гурхІун ГІисаца, гІебеде битІун квер хъвана гьесда. Цинги абуна: — Дие бокьун буго мун вацІцІалъизе. ВацІцІалъе мун!42ТІад букІараб чанхъги гъенон ун, гьебсагІат вацІцІалъана гьев чи.43[43-44] Нахъе витІулаго, ГІисаца гьесда лъазабуна: — Вореха, дуца лъиданиги бицунге гьаб хІалтІи! Мусал къануналда рекъон, мунго вацІцІалъун вукІин гІадамазда лъазе, кашишасухъеги ун, гьесда дурго черх бихьизабе ва мунго вацІцІалъаралъухъ къурбанги хъвезабе.44***45Амма гьениса нахъе аравго, гьев чи лъугьана ккараб иш киназего гьурщизе. Гьединлъидал ГІисада кІвечІо тІатун шагьаралде вачІине, гІадан-чи гьечІеб бакІалда вахча-хьван чІезе ккана. Амма киса-кисагоги гІемераб халкъ бачІунаан гьесухъе.Avar Bible 2008 © Библия таржама гьабиялъул институт Москва 2008 Библия Магӏарул 2008 Маркица 1 00:00:00 00:00:00 0.5x 2.0x https://beblia.bible:81/BibleAudio/avar/mark/001.mp3 16 1