× Язык Европа Русский Белорусский Украинский Польский Сербский Болгарский Словацкая Чешский Румынский Молдавский Азербайджанский Армянин Грузинский Албанский Аварский Башкирский Татарский Чеченский Словенский Хорватский Эстонский Латвийский Литовский Венгерский Финский Норвежский Шведский Исландский Греческий Македонский Немецкий Баварский Голландский Датский Валлийский Гэльский Ирландский Французский Баскский Каталонский Итальянский Галакский Романи Bosnian Северная Америка Английский Южная Америка Испанский Португальский Гуарани Кечуа Аймара Центральная Америка Ямайский Науатль Киче Кекчи Гаитянский Восточная Азия Китайский Японский Kорейский Монгольский Уйгурский Хмонг Юго-Восточная Азия Малазийский Бирманский Хаха Чин Непальский Кебуано Тагальский Камбоджийский Тайский Индонезийский Вьетнамский Яванский Лаос Ибан Ю Миен Качин Лаху Aceh Balinese Bugis Pampanga Sasak Shan Waray Южная Азия Хинди Одиа Авадхи Mizo Каннада Малаялам Маратхи Гуджаратский Тамильский Телугу Панджаби Курух Ассамский Майтхили Бенгальский Урду Сингальский Догри Харианви Мейтей Конкани Сантали Синдхи Коя Тадо Санскритский деванагари Adilabad Gondi Ahirani Белуджи Bundeli Chhattisgarhi Garhwali Kangri Kumaoni Mewari Munda Sadri Seraiki Shekhawati Sylheti Центральная Азия Кыргызский Узбекский Таджикский Туркменский Казахстан Каракалпак Средний Восток Tурецкий Еврейский Арабский Персидский Курдский Пушту Коптский Африка Африкаанс Ксоза Зулусский Ндебеле Сото Амхарский Волайтта Нигерийский Мосси Ика Динка Кабильский Эве Суахили Марокканский Сомалийский Шоны Мадагаскар Игбо Лингала Баул Сисвати Тсонга Тсвана Гамбия Йоруба Камба Киньяруанда Хауса Chewa Луо Макуа Дюла Фульфульде Календжин Кикуйю Кикванго Кирунди Крио Нигерийский Пиджин Оромо Чилуба Чивенда Тви Умбунду Лугбара Лугуру Пулярный Гусси Маасаи Туркана Моба Нуэр Шиллук Тамашек Маконде Bemba Fon Hadiyya Ibibio Kimbundu Kimiiru Lango Liberian Kreyol Lomwe Mende Morisyen Ndau Nyankole Sena Sidamo Soga Songe Sukuma Tarifit Teso Tiv Zande Dagbani Континент Австралии Новая Зеландия Папуа Новая Гвинея Старые Языки Арамейский Латинский Эсперанто 1 1 1 Аварский Аварский1 1 1 Лукаца МатфейицаМаркицаЛукацаИоанницаЧапарзабазул ИшалРумазухъе1 Коринфиязухъе2 КоринфиязухъеГалатиязухъеЭфесиязухъеФилиппиязухъеКолоссиязухъе1 Фессалоникиязухъе2 Фессалоникиязухъе1 Тимофейихъе2 ТимофейихъеТитихъеФилемонихъеЖугьутӀазухъеЯкъубил1 Пётрил2 Пётрил1 Иоаннил2 Иоаннил3 ИоаннилЯкъубилИоанние Аллагьас1 1 1 1 1234567891011121314151617181920212223241 1 1 : 1 12345678910111213141516171819202122232425262728293031323334353637383940414243444546474849505152535455565758596061626364656667686970717273747576777879801 1 1 Библия Магӏарул 2008 Лукаца 1 Сохранить Заметки 1[1-2] Нилъер агьлуялда гьоркьор Аллагьас тІуразарурал ишазул хІакъалъулъ къисаби, байбихьудаса бахъараб гьеб кинабго жидеда бихьарал ва Аллагьасул РагІиялъе жидеца хъулухъ гьабурал гІадамаз рицухъе хъвазе гІемерав чияс хІалбихьана.2***3Гьединлъидал, бетІерчІахъаяв Теофил, дидаги лъикІ бихьана, авалалдасанго цІех-рех гьабун, тартибалда кинабго дуе хъвазе.4Гьаб цІалараб мехалъ дур ракІчІела дуда малъанщинаб жо хІакъаб букІиналда.5Гьерод Ягьудиялъул ханлъун вугеб заманаялда вукІана Абиял тухумалъул чилъун кколев Закария абулев цо кашиш. Гьесул чІужуги йикІана Гьарун аварагасул наслуялъул гІадан. Гьелда цІарги букІана Элисабет.6Гьел кІиялгоги рукІана Аллагьасул вализаби. БетІергьанасул тІолабго амру-нагью ракІбацІцІадго тІубазабулаан гьез.7Амма гьезул лъимал рукІинчІо. Элисабет йикІана лъимер гьабуларей гІадан. Гьел рукІана гІолохъанлъиялдаса арал гІадамал.8Гьале гьанжеги гьезул тухумалде ирга щола Мукъадасаб Рокъоб хъулухъ гьабизе.9Кашишзабазул гІадаталда рекъон, можоро тІамидал, Закарияде тІаде ккола, Аллагьасул Мукъадасаб Рокъове жаниве лъугьун, махІгьуинаб нахул кьеккен гьабизе.10Нахуда цІа бакулев гьев вугеб мехалъ, киналго хутІарал гІадамал рукІана къватІирехун чІун какал ралел.11Кьеккеналъул кІкІуй тІад беролеб хирияб бакІалъул кваранаб рахъалде Бичасул малаик рещтІана гьебмехалъ Закарияхъе.12Малаик вихьараб мехалъ, Закария вихха-хочун лъугьана ва кутакалда хІинкъана.13Малаикас гьесда абуна: — Мун хІинкъуге, Закария, Аллагьас къабул гьабуна дур гьари-дугІа. Дур лъади Элисабетица дуе вас гьавизе вуго. ЯхІя лъе дуца васасда цІарги.14Дуе талихІги рохелги босун бачІина гьес, цогидал гІемерал гІадамалги рохила гьев гьавиялдаса.15Аллагьасда цебе кІодолъи щвела гьесие, чагъирги цогидаб жаги гьекъеларо гьес, эбелалъул ургьив вугеб мехалъго Илагьияб РухІги лъугьина гьесулъе.16Исраилил лъималазул гІемерисел жидерго БетІергьан Аллагьасде руссинарила гьес.17Иляс аварагасул хІалкІолъигун ва къудратгун ТІадегІанасдаса цеве вачІун, эбел-инсулги лъималазулги ракІал цоцалъ журазарила гьес, къосун Аллагьасде мугъ рехаралги тІадруссинарила муъминазул гІакъиллъиялде. ТІадегІанав вачІиналде къачІала гьес хІадур гьабураб халкъ.18Гьебмехалъ Закарияца малаикасда гьикъана: — Сундалъунха дида гьеб лъалеб? Дунги ригь арав чи вуго, дир чІужуги гІолохъанго гьечІо.19Малаикас гьесие жаваб кьуна: — Дун вуго Аллагьасда цеве вугев ЖабрагІил малаик. Гьес дун витІана дуда кІалъазе ва дуда рохел бицине.20Жиндир болжалалда тІубазе бугеб дица бицараб рагІиялда мун божичІелъул, гьале дур кІал-мацІ кквела ва гьеб иш тІубазегІан кІалъазе кІвеларо дуда.21Закария къватІиве вачІиналъухъ балагьун чІун букІана халкъ гьебмехалъ. Щайдай гьев Мукъадасаб Рокъов жанив кватІаравилан хІикмалъун рукІана гІадамал.22КъватІиве вачІараб мехалъ, Закарияда кІвечІо гьезда кІалъазе. Гьезда бичІчІана Мукъадасаб Рокъоб жаниб гьесие Аллагьасул илгьам лъугьараблъи. Гьелдаса хадуб, килщаз ишанал гьарун гурони, кІал бичІун тІокІаб рагІи абичІо Закарияца.23Мукъадасаб Рокъоб хъулухъ гьабизе тІадаб заман лъугІидал, Закария жиндирго рокъове тІадвуссана.24Цинги Элисабетил ургьибе лъимер ккана, ва щуго моцІалъ, къватІи-рокъое яхъинчІого, яхчун чІана. Гьелъ абулаан:25— Гьале, Аллагь гурхІараб мехалъ, дие гьес гьабураб лъикІлъи, лъимер гьечІолъиялъул бугьтан гІадамазда цебесан дида тІаса ине.26[26-27] Анлъабилеб моцІалъ Аллагьас ЖабрагІил малаик витІана Галилея улкаялъул Назарет шагьаралде Давудил наслуялъул Юсупилан цІар бугев чиясе абурай цо ясгІаданалъухъе. Гьелда цІар букІана Марям.27***28Гьелъухъе вачІун ЖабрагІил малаикас абуна: — ЙорчІами, Аллагьасул баркат рещтІарай яс! БетІергьан вуго дуда аскІов.29Малаикас гьедин абидал, йихха-хочун лъугьана гьей, ва гьел рагІабазул магІна щибдайилан йикІана.30— ХІинкъуге, Марям! — ан абуна гьелда малаикас. — Бичасул рахІмат насиблъана дуе.31ГІенеккея, дур ургьибе лъимер ккела, ва дуца вас гьавила. ГІиса абун лъела дуца гьесда цІарги.32ЦІакъ кІудияв чи вахъина гьесул. ТІадегІанав Аллагьасул Василан абила гьесда. Жиндирго эмен Давудил тах кьела Аллагьас дур васасе.33Абадиялъего вукІина гьев Якъуб аварагасул халкъалъул ПарччахІлъун, ва гьесул ПарччахІлъиялъе ахирго букІине гьечІо.34— Росасецин инчІей дие гьеб кин лъугьунеб? — ан гьикъана гьесда Марямица.35Малаикас абуна: — Илагьияб РухІ рещтІина духъе. БетІергьанасул хІалкІолъиялъул накІкІул парчаялъ яхчила мун. Гьединлъидал Аллагьасул Васлъун рикІкІина гьеб Илагьияб Лъимер.36Лъимер-бетІер лъугьунарей гІадамилан рикІкІуней йикІарай дур гІагарай чІужу Элисабетги, гьанже гІолохъанго гьечІониги, лъимаде йиго. Анлъабилеб моцІ буго гьеб ккаралдаса.37Аллагьасда хІалкІолареб жо щибго букІунарелъулха!38Гьебмехалъ Марямица абуна: — Гьале, дун БетІергьанасул лагъ! Дуца абухъе ккезе биччанте дие! Цинги малаик Марямида аскІоса нахъе ана.39Гьел къоязда Марям гІедегІун ана Ягьудиялъул мугІрузда бугеб шагьаралде.40Закариял бакІалде щведал, гьелъ Элисабетие салам кьуна.41Марямил салам рагІарабго, гьебсагІат Элисабетил ургьиб лъимер кІанцІезе лъугьана. Илагьияб РухІалъул цІуна гьей.42— Руччабазулъ бищунго баркат кІудияйлъун лъугьана мун, — ан ахІун гьаракь гьабуна Элисабетица. — Баркат кІудияблъун лъугьана дур ургьиб хулараб лъимерги.43Дир ТІадегІанасул эбел къавулъе ячІинегІанасеб даражаялъул гІаданищха дун!44Гьале дур салам рагІарабго, бохун кІанцІезе лъугьана дир ургьиб лъимер.45БетІергьанасдасан дуде бачІараб ругьел тІубазе бугелъул, гьелда божарай мун гьардарай гурищ.46Марямица ахІана: — Аллагь кІодо гьавизе лъугьун буго гьинал ракІ.47Гьес дун хвасар гьаюлин бохун буго дир рухІги.48Дун пакъирай лагъалда Бичасул бер речІчІидал, Баркат бугей гІаданлъун гІаламалъ рикІкІина дун.49Жиндир цІар мукъадасав къудратав БетІергьанас КІудаб даражаялде яхине гьаюна дун.50ГІибадат гьабуразул наслабазда гурхІана.51Гучаб гьесул къуваталъ чІухІарал къезарула, Гьезул квешал къасдалги къинарула киналго.52БетІергьанас пахруял тахидаса рехула, Пакъирал, кІодо гьарун, тІадегІанлъизарула.53Ракъаразе Аллагьас къваригІанщинаб кьола, Бечедал рачахъула, щибго жоги кьечІого.54[54-55] Дол нилъер умумузда абун букІараб куцалъ, Ибрагьимил лъугьарал киналго наслабазда Абадул абадиялъ гурхІилин кьураб рагІи РакІалде щун, Аллагьас жиндирго лагълъун кколеб Исраилил халкъалъе кумек гьабуна гьанже.55***56Гьениб лъабго моцІги бан, Марям тІадюссун жиндирго рокъое ана.57Къо тІаде щвараб мехалъ, Элисабетие вас гьавуна.58Аллагь гурхІун гьелъие лъимер гьабун бугин рагІараб мехалъ, гьелда рахьи базе рачІунел рукІана Элисабетил мадугьалзабиги гІагарал чагІиги.59Микьабилеб къоялъ васасе сунат гьабизе рачІарал чагІазе бокьана, инсудаго гІадин, васасда цІарги Закария лъезе.60Гурин, васасда цІар ЯхІя лъезе кколилан абуна Элисабетица.61Гьез гьелда абуна: — Нужер гІагарал чагІазда гьоркьов гьединаб цІар бугев чи гьечІо гури, — ян.62Цинги, квераз ишан гьабун, Закарияда бичІчІизабуна васасда щиб цІар лъезе дуе бокьун бугебилан.63Цо хъарщиги бачІинабун, Закарияца гьелда тІад хъвана: «Васасда цІар ЯхІя лъезе ккола», — ян. Киналго гІажаиблъана гьебмехалъ.64Гьеб лахІзаталда Закариял кІал ричІун бачІана, мацІалдаса гарацІ бичун ана ва Аллагьасе рецц гьабун кІалъазе лъугьана.65Мадугьалзабазул рекІелъеги кутакаб хІинкъи лъугьана гьебмехалъ, Ягьудиялъул киналго мугІрузда тІибитІана гьелъул хІакъалъулъ хабар.66Гьеб рагІанщинас, гьелъул пикру гьабулаго, абулеб букІана: — Щив чидай вахъина гьадав васасул? ХІакъикъаталдаги Бичасул хІалкІолъи букІана гьесулъ.67ЯхІял эмен Закария Илагьияб РухІалъул цІуна, Аллагьасдасан рачІарал гьадинал рагІаби абуна гьес:68— Исраилил халкъалъул БетІергьан Аллагьасе рецц гьабилин, Нилъехъе вачІун гьес нилъ тархъан гьаридал.69Гьес жиндирго лагъ Давудил кьолбодасан нилъее кьела Нилъ хвасар гьаризе къудрат бугев чи.70НекІо заманаялда жиндирго аварагзаби ритІун, Гьес нилъее рагІи кьун букІана:71Нилъер тушбабаздаса ва нилъ рихаразул квердаса Жинца хвасар гьарилилан,72Нилъер умумузда гурхІилилан Ва мукъадасаб къотІи тІубазабилилан.73Нилъер умматалъул эмен Ибрагьимие гьес гьа гьедун букІана, Тушбабазул квердаса хвасарлъун,74ХІинкъичІого тІубараб гІумруялъ75РитІухъго ва бацІцІадго Жиндие тІагІат гьабизе изнуги ресги букІинабилин.76Мунги, дир лъимер, рикІкІина Къудратав Аллагьасул авараглъун, ТІадегІанав МасихІидаса цеве вахъина мун, Гьесие нух къачІазе77Ва, мунагьал чурун, нуж хвасарлъилилан Халкъалда лъазабизеги.78[78-79] Аллагь гурхІун, гьес нилъее зодисан рогьел рещтІинабила, Хвалил бецІаб рагІдукь ругезе канлъи букІине, Ракълиде рачунеб нухги бихьизабила нилъеда.79***80ЯхІя кІудияв гІолев вукІана, гІакълу цІубалеб букІана. Исраилил халкъалда цеве вахъинегІан гьес гІумру гьабуна гІицІаб авлахъалда.Avar Bible 2008 © Библия таржама гьабиялъул институт Москва 2008 Библия Магӏарул 2008 Лукаца 1 00:00:00 00:00:00 0.5x 2.0x https://beblia.bible:81/BibleAudio/avar/luke/001.mp3 24 1