Библия Один Год

23. Иерусалималъул Мукъадасаб Рокъове вачІун халкъалъе вагІза-насихІат гьабулев ГІиса вугеб мехалъ, гьесда аскІоре рачІана чІахІиял кашишзаби, диниял гІалимзаби ва чІухІби-хІакимзаби. — Гьаб хІалтІи гьабизе ихтияр бугебищ дур? Лъица дуе гьеб ихтияр кьураб? — абун гьикъана гьез ГІисада.
24. ГІисаца гьезие жавабалъе абуна: — Дицаги кьела нужее цо суал. Нужеца гьелъие жаваб кьуни, гьебмехалъ бицина дица нужеда лъица дие гьаб ихтияр кьурабали.
25. Лъадалъ ччун рахъун гІадамал рацІцІад гьаризе ихтияр ЯхІяе кисан щун букІараб: зобалаздасанищ яги гІадамаздасанищ? Цоцазда гьоркьоб хабар ккана гьезул. «Зобалаздасан букІанин абуни, гьес нилъеда абилагури, гьедин батани, щайха нуж ЯхІяда божичІелилан.
26. ГІадамаздасан букІанин абизеги халкъалъукьа хІинкъун руго нилъ, щайгурелъул киназго ЯхІя авараглъун рикІкІунев вукІиндал».
27. Жидеда лъаларилан жаваб кьола ГІисае гьез. ГІисаца гьездаги абула: — Дица нужедаги бицинаро лъил ихтияралдалъун дица гьаб хІалтІи гьабулеб бугебали.
28. — Гьаб мисалалъул рахъалъ щиб нужеца абилеб? Цо пуланав чиясул вукІун вуго кІиго вас. «Векере, дир вас, нилъерго цІолбол ахикье а жакъа хІалтІизе», — ян абун буго гьес, аскІовеги вачІун, цояв васасда.
29. Ина, дир эмениланги, абун, ун гьечІо гьев.
30. АскІове вачІун, цогидав васасдаги абун буго гьединго. Инарилан абун буго гьес, амма гьедин абиялдаса ракІ бухІун, ун вуго гьев ахикье.
31. Кинав васасха инсул амру тІубазабураб? КІиабилесилан абуна гьез. Гьебмехалъ ГІисаца гьезда абуна: — ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: магъало бакІарулел чагІиги хъахІбабиги нужеда цере-цере унел руго Аллагьасул ПарччахІлъиялде.
32. Щайин гьикъани: битІараб нухдасан вачІун вукІана нужехъе ЯхІя авараг. Нуж гьесда божичІо. Амма магъало бакІарулел чагІиги хъахІбабиги божана. Нужин абуни, — гьеб кинабго бихьаниги, нужер ракІ бухІичІо ва кинго гьесда божичІо.
33. Цоги мисалалъухъ гІенекке. Цо бечедав чияс цІолбол ах гьабун буго, сверун чали къан буго, чагъир жаниб цІцІуйзе чаналъе гвендги бухъун буго, хъаравуласе борхатаб хъощги бан буго. Цинги ахихъабазухъе ижараялъе гьеб ахги кьун, гьев ун вуго.
34. ЦІибил барщараб мехалъ, гьес дол ижарачагІазухъе рагьтІателал ритІун руго жиндиего кколеб бутІа босизе.
35. Амма ижарачагІаз, кквезеги ккун, гьезул цояв вухун вуго, цояв чІван вуго, цогидав ганчІал речІчІун хвезавун вуго.
36. Нахъеги ритІун руго гьес рагьтІателал, доздаса гІемерго цІикІкІун. Амма гьезиеги додинго гІакъуба кьун буго ахихъабаз.
37. Цинги жиндирго вас витІун вуго ахил бетІергьанас, жиндир васасулгІаги хІурмат гьабилародайилан.
38. Амма гьесул вас вачІунев вихьараб мехалъ, ижарачагІаз цоцазда абун буго: «Гьале гурищ ирсилав. РачІа гьав чІвазе, ирсги нилъеего хутІила».
39. Кквезеги ккун, гьез гьев ахикьа къватІиве рехун вуго ва чІван вуго.
40. ХІасил, ахил бетІергьан тІадвуссун вачІараб мехалъ, гьел ижарачагІазе щибдай гьабила гьес?
41. Гьелъие жавабалъе ГІисада абуна: — Квешал гІадамал гьес квешго чІвала. ЦІибил барщарабго жиндие кколеб бутІа босун рачІунел ижарачагІазухъе ахги кьела.
42. ГІисаца гьезда абуна: — ТІехьалда цІаличІищ нужеца: «Къадалъ лъезецин ярагьунарилан къадахъабаз нахъе рехараб гамачІ битІахъе цололъ лъун буго. Гьединаб букІун буго БетІергьанасул хІукму. Нилъер берда цебе лъугьараб кІудияб мугІжизат буго гьеб!»
43. Гьале дица нужеда абулеб буго: нужехъа бахъун Аллагьасул ПарччахІлъи кьела гьелъул пихъ барщизабулеб халкъалъе.
44. Гьеб ганчІиде вортаравги щущан ине вуго, бортун бачІун гамачІ тІад речІчІаравги чІинтІизе вуго.
45. Гьел мисалал рагІидал, чІахІиял кашишзабаздаги фарисеяздаги бичІчІана ГІисаца жидер хІакъалъулъ бицунеб букІин.
46. Гьезие бокьун букІана ГІиса ккун вачине, амма гІадамазукьа хІинкъана. Халкъалъ гьев авараглъун рикІкІунев вукІиндал.
Avar Bible 2008
Библия таржама гьабиялъул институт Москва 2008